Якъубилго букІараб цо гъуялъухъе щведал, сапаралда свакарав ГІиса гьенив гІодов чІана. Гьеб букІана къалъул гІуж.
Нижер эмен Ибрагьимидасаги цІакъав чийищха мун кколев? Цогидал аварагзабаздасаги цІакъав чийищха? Ибрагьимги хвана, гьел цоялги хвана. Мун щив гьедигІан кутакав чи?