Гьелъие жаваб гьабун, ГІисаца абуна: – ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб, Аллагьасдасан бачІараб щибаб рагІиялъин».
ГІисаца гьезда абуна: – Дир квен ккола дун витІарав Аллагьасул амру тІубазаби ва гьесул иш рагІалде бахъинаби.