Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ. Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги. Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан. ГІисаца гьелда абуна: – Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури. Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан. Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе. ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ. Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб. Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда. Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна: – Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир. Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада. ГІиса Капернаумалде щведал, румазул рагъухъабазул цо нусилбетІерас, аскІовеги вачІун, гьарана: – Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев. ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана. Гьенив Рималъул рагъухъабазул цо нусилбетІерасул гьесие цІакъ хирияв рагьтІател вукІана кутакаб унтиялъ хвалил боснов лъун. ГІиса вуссун вугин рагІидал, гьес жугьутІазул чІахІиял чагІи ритІана жиндир рагьтІател сахлъизавизе вачІаян гьесда гьаризе.
Выбор основного перевода