Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьелда абуна: – Гьанив дуда кІалъалев вугев дун ккола гьев. Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: – Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила. Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим». Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» – ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.
Выбор основного перевода