Гьев анцІила кІиявго чапар витІана ГІисаца, гьадинаб насихІатги гьабун: – Гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамазухъе унеб нухдеги лъугьунге нуж, самариязул шагьараздеги хІетІе чІоге.
Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун.
Иерусалималдехун валагьун Самариялъулги Галилеялъулги гІорхъудасан унев вукІана ГІиса.