Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Я, вацал жугьутІал! – ан ахІулеб букІана гьез. – Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна. ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана.
Выбор основного перевода