Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ муридаз хІукму гьабуна бугес бугелда рекъараб садакъа-напакъа Ягьудиялда ругел жидерго диналъул вацазе битІизе. Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе. Гьанже дун Иерусалималде инехъин вуго, гьениб Аллагьасул халкъалъе хъулухъ гьабизе. Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе. Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ? Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина. Нижее бокьун буго, вацал, Македониялда ругел иман лъуразул агьлуялда Аллагьас баркат лъун бугеблъи нужеда лъазе. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цІикІкІана, цІадалдаса хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. РакІ разилъун гьез садакъаби кьуна (дир беразда бихьана гьеб) жидеда кІварабгІанги, хІатта гьелдаса цІикІкІунгицин. Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. Гьез цохІо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кІочон тогеян, – гьелъиени дица кидагоги хІаракат бахъула!
Выбор основного перевода