Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Живго витІарав вукІин чІезабизе Павелица абуна я жугьутІазул къануналда, я Мукъадасаб Рокъов, яги къайсарасда дандечІун щибниги мунагь ккечІин жиндихъайилан. Лъабго къоялдасан гьес гьенир ругел жугьутІазул бищунго къадру-къимат бугел гІадамал данде ракІарана. РачІун гьел данделъидал, Павелица гьезда абуна: – Я, вацал! Нилъер халкъалда яги нилъер умумузул гІадатазда дандечІун дица гьабураб кигІан гьитІинабниги квешлъи гьечІониги, Иерусалималда дун туснахъалъув тІамуна ва Рималдаса хІакимзабазухъе кьуна.
Выбор основного перевода