Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: – Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул. Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан. Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз. Гьединлъидалин дица нужеда гьарараб гьанире данделъеян ва дица бицаралъухъ гІенеккеян. ХІакъикъаталдайин абуни, гьал рахсаца дун вухьун вукІиналъе гІиллалъун вуго Жив вачІинилан Исраилил халкъалъул хьул бугев чи.
Выбор основного перевода