Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана.
Феликсица абуна: – Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, – абун. Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан.
Нахъисеб къоялъ ниж Сидоналде щвана. Павелида гурхІун, Юлийица гьев жиндирго гьудулзабазухъе ине виччана, гьезги Павелие къваригІара-тараб кьезе.
Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун.