Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: – Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул. Дулъ МасихІ вугони, дур черх мунагьалъе хола, амма Аллагьас мун ритІухъ гьавидал, дур рухІ чІаголъула. МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила.
Выбор основного перевода