Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. Гьеб рагІидал кІудияв кашиш Ананияца аскІор рукІаразе амру гьабуна гьесул кІал бухейилан. Гьанже гьав чи чІвазе гьез гъоркьчІел гьабун бугилан абидал, дица гьав духъе витІулев вуго ва гьасда дандечІаразеги амру гьабуна гьасдасан бугеб гІарзалъ духъе айилан». Феликсица абуна: – Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, – абун. Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан. Гьесухъе рачІун бищунго кІудияв кашишасги ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги Павелидасан гІарз бахъана.
Выбор основного перевода