Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна. гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана. Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго. Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо. Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана.
Выбор основного перевода