Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица. – Гьал жугьутІал руго, – ян абуна гьез, – гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго. Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: – Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. – Я, вацал жугьутІал! – ан ахІулеб букІана гьез. – Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна. Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги. Нижедасан мацІ гьабула – нижеца лъикІаб бицуна. Ниж гьаб дуниялалъе хІур-кІучлъун хутІун руго, гьаб гІаламалъеги чІахІ-къуллъун хутІун руго.
Выбор основного перевода