Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун муридазухъе кьолаго, абуна: – Босе, кванай. Гьаб буго дир черх. Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьолаго, ГІисаца абуна: – Кинацаго гьекъе гьаб щурумалъуса. Гьаб буго киназулго мунагьал чуризе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан. Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан. ТІадегІанасул хІурматалда нилъ гІодор чІун сардилъ кванала ва, гьари-дугІа гьабун, щурминиса чагъирги гьекъола, – гьелъул магІна ккола МасихІица тІураб бидулъ нилъерги бутІа букІин. Кваналаго нилъеца чед бекиялъул магІна ккола МасихІил чорхолъги нилъер бутІа букІин. ТІадегІанасдасан лъана дида гьаб кинабго нужеда малъулеб бугебщинаб. Досие хиянат гьабураб сордоялъ ТІадегІанав ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, гьебги бек-бекун абуна: «Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин». Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, гьес абуна: «Гьаб буго дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Гьеб щурминисан чагъир гьекъолеб мехалъ, дун ракІалде щва нужеда». Гьединлъидал гьеб чед кваналебщинахъе ва гьеб щурминисан чагъир гьекъолебщинахъе нужеца, Дов вачІинегІан, гІадамазда лъазабулеб буго ТІадегІанасул хвалил хІакъалъулъ. Гьедин, бегьулареб къагІидаялъ ТІадегІанасул чед кваналев ва гьесул щурминисан чагъир гьекъолев чияс мунагь гьабулеб буго – ТІадегІанасул черхги биги инжит гьабулеб буго. Цин инсан жиндирго рекІелъе ваккизе ккола, мустахІикъав вугищали лъазе. Цинги кваназе бегьула гьеб чед ва гьеб щурминисан чагъир гьекъезеги бегьула. ТІадегІанасул черх бичІчІичІого кваналев ва гьекъолев чияс жиндаго тІаде тамихІ цІалеб буго. Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел. Цин нилъ нилъерго рекІелъе раккани, Аллагьасул тамихІ букІинаро нилъее. Аллагьас нилъее тамихІги гІадлуги гьабулеб буго, – цогидаб гІаламалъе букІине бугеб жазаялдаса нилъ хвасарлъизе. Гьединлъидал, вацал, нужер данделъи Аллагьасул тамихІлъун лъугьинчІого букІине, кваназе киналго тІаде щвезегІан чІа. Вакъарав чи рокъовго кванан вачІа. Цогидал амруял дица нужее кьела дунго гьениве вачІараб мехалъ. Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо. ТІадегІанасул къоялъ Илагьияб РухІалъ асар гьабуна дие – мугъзада нахъасан ахІулеб рагІана:
Выбор основного перевода