Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали.
Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан.
Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна: – Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун.