Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана. Цинги гьел Эфесалде щвана. Синагогаялъуве ана Павел, гьенир рукІарал жугьутІалгун гара-чІваризе. Гьезулгун къолъикІ гьабулаго, Павелица абуна, Аллагьас хъван батани, жив нахъеги нужехъе вачІинилан. Цинги гьев, Прискиллаги Аквилаги гьенир тун, гамидаги рекІун, Эфесалдаса нахъе ана. Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: – Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян. Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан. Гьеб рагІидал нижги гьеб ракьалъул гІадамалги Павелида гьардезе лъугьана Иерусалималде унгейилан. БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда.
Выбор основного перевода