Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе. Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ. Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила».
Выбор основного перевода