Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: – Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян.
КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрам тІаде гІунтІилалде Иерусалималде щвезе бажарилародаян гІедегІун вукІиндал, Асиялда заман инабичІого рорчІизе гІоло, Эфесалде жанире лъугьинчІого ине хІукму гьабуна Павелица.