Дов хІакимасул бакІалде гьал щведал, щвантІих пулел чагІи рачІун ратана гьенире. Руччабиги ругоан магІаби гьарулел.
ГІисаца гьезда абуна: – Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана.
Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана: – ТІаде яхъа, ясай! – абун.
Ясалъул чорхолъе рухІ тІадбуссун бачІана, гьей гьебсагІат тІаде яхъана. Гьелъие квен кьеян абуна ГІисаца.
Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: – ТІаде яхъа, ТІабита! – ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана.
Кверги ккун, тІаде яхъинаюна Пётрица гьей. Цинги иман лъуралги къоролруччабиги ахІун, ТІабита чІаголъун йикІин бихьизабуна гьезда Пётрица.