Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дирго хІеренлъи-хІалимлъиялда бадиса магІу чвахулаго ва, дида дандечІарал жугьутІазул питнаби цІикІкІаниги сабруги гьабун, хъулухъ гьабуна дица ТІадегІанасе. Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин. Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи...
Выбор основного перевода