Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– ГІенеккея, вацал! Нилъеда гьоркьов вукІарав ва нилъер ишалъулъ гІахьаллъиги жиндие насиблъарав, амма ГІиса кквезе рачІаразда нух бихьизабурав Ягьудал хІакъалъулъ Илагьияб РухІалдалъун Давуд аварагас некІого абун букІараб рагІи ритІухълъана. ( Гьебмехалъ Павелица нижеда абуна: – Щай нуж гІодулел? Щай нужеца дирги ракІ бакъвазабулеб? Вухь-вухьун рехияли щиб гурин, ТІадегІанав ГІисае гІоло Иерусалималда хвезеги разияв вуго дун. Гьединлъидалин, Аллагьасул цІоб лъун, Рохалил хабаралъе хъулухъ гьабизе божун тарал нижеца рачел чучулареб. ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде. Дун лъикІго гугарана, дун чІчІалде щвезегІан векерана, дица божи-иман цІунана. Нилъ хвасар гьарулев Аллагьас, жинцаго болжал цІараб заманаялда гьебги загьир гьабун, дида гьелъул бицине тІадкъана.
Выбор основного перевода