Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе. Македониялдаса нужехъеги вачІина дун – Македониялдасан ине ракІалда буго дида. Дун Македониялде унаго дица дуда гьарана Эфесалда чІайилан ва гІадамал къосинарулел насихІатал тІокІалъ гьаругейин абун цо-цо чагІазда лъазабейилан,
Выбор основного перевода