Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
МасихІидехун цолъаразе амрулъун кколаро сунат гьаби ялъуни гьабичІого тей. Амма гьезие амру ккола цоцазе рокьиялдалъун загьирлъулеб божи-иман. РухІалъ инсанасе босун бачІуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикІлъи, ракІлъикІлъи, божизе бегьи, Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи. Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. Абадияб гІумру загьирлъана, ва нижеда гьеб бихьана, ва нижеца гьелъие нугІлъи гьабулебги буго. Нужеда лъазабулебги буго Инсуда аскІобги букІараб, нижееги загьирлъараб гьеб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ. Дица хІаракат бахъана, дир хириял, нилъее насиблъараб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ хъвазе. Гьаб кагъат хъвачІого рес букІинчІо, цохІо нухалъ Аллагьасул халкъалъе кьураб дин цІунун цІидасан къеркьейилан гьаризе кколеб бугелъул.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода