Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн, Гьаб кагъат битІулеб буго чапарлъун тІаса вищарав ва Аллагьасдасан рещтІараб Рохалил хабар лъазабизе тарав Павелица – ГІиса МасихІил лагъас. нижерги нужерги божи-иманалъ нилъер ракІбатизабизе. Амма гьанже нилъее рагьана гьеб, Къануналъухъго балагьичІого, Аллагьасда цере ритІухълъулеб нух. Къануналъги аварагзабазги цебеккунго бицун букІараб нухин гьеб. ГІиса МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьас насиблъизабураб ритІухълъи ккола гьеб. Щивниги ватІа гьавичІого, кинавго иман лъурав чиясе загьирлъана гьеб нух. Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса. Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас. Живго ритІухъав вукІин ва ГІисаде иман лъурал гІадамал жинца ритІухъ гьарулеллъиги бихьизабуна гьес гьанже. Гьеле гьедин загьир гьабуна Аллагьас живго ритІухъав вукІин. Аллагьасул лагъ ва ГІиса МасихІил чапар Павелица хъвалеб буго. ТІаса рищаразулъ божи-иман щулалъизабизе ва муъминлъиялде рачунеб хІакъаб нух гьезда бихьизабизе витІун вукІана дун. Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ. Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги лагъ Якъубил салам буго батІи-батІияб ракьалда рикь-рикьун ругел ва Аллагьасул халкълъун лъугьарал киналго гІадамазде. ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода