Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан Пётрги, Якъубги ва гьесул вац Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна. рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул. ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян. Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. Адамил анкьабилеб кьералдасан вахъарав Энохица цебеккунго гьезул хІакъалъулъин бицунеб букІараб: «Гьале, БетІергьан вачІунев вуго аза-азар малаикзабигун цадахъ
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода