Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гІолохъанаб мехалъ, дуцаго ретІелги ретІун, дуего бокьаралъуве унаан мун. Амма херлъараб мехалъ дуца кверал гІебеде ритІила цогидаз дудаго ретІел ретІине, ва дуе бокьуларелъувеги вачина гьез мун. Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун. Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр. Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула. Дир рахъалъ абуни, хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир лъугІулеб гІадин, лъугІун унел руго дир гІумруялъул къоял. Къокъине заман гІагарлъун буго.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода