Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни. Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб. Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода