Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан Пётрги, Якъубги ва гьесул вац Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул гьумер бакъ гІадин гвангъана, хъахІлъун лъугьараб ретІел нурлъун кенчІелеб букІана. Гьале Мусаги Илясги рихьана гьезда гьевгун гара-чІварулел. Пётрица ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! Дуе бокьани, дица лъабго хъощ бала гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Гьеб рагІидал гІасиго хІинкъун кІалагъоркье ккана муридал. Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе. Цинги гьезда рихьана Илясги Мусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел. Гьениб Пётрица ГІисада абуна: – Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир. Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса. Гьари-дугІаялда ГІиса вукІаго, гьесул гьурмал куц хисана, ретІелги хъахІлъана, кенчІезе лъугьана. Гьале кІиго чи ГІисада гаргадула. Гьел рукІана Мусаги Илясги. ТІад нур чІун букІана ГІисадаги гьездаги. Гьез бицунеб букІана Иерусалималда цІезабизе бугин ГІисал къадаралъул лълъар. Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун. Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна: – Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. (Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.) Гьев кІалъан вахъиналдего, цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел, ва, гьеб накІкІукье ккедал, хІинкъана муридал. Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода