Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. ТІупаналъул лъим ккола гьанже нуж хвасарлъулеб лъадалъ ччун рахъиялъул гІаламатлъун. Черхалдаса хъублъи чуризе гуро нуж лъадалъ ччун рахъулел, – ГІиса МасихІ хваралъуса вахъинавиялдалъун нужер намус бацІцІалъизабейилан Аллагьасда гьаризейин. Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан! Аллагь Нуралъулъ вугев гІадин, нилъги Нуралда гъоркь хьвадулел ругони, гьебмехалда цо агьлулъун лъугьуна нилъ ва Аллагьасул Вас ГІисал биялдалъун чурула нилъер киналго мунагьалги. Жиндирго вац вокьуларев чи бецІлъуда вуго, бецІлъуда хьвадулевги вуго. БецІлъиялъ берал бецлъизарун ругелъул, кивехун иневали лъаларого хутІун вуго гьев.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода