Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Петра
1 2 3
Параллельные места
– ГІенеккея, вацал! Нилъеда гьоркьов вукІарав ва нилъер ишалъулъ гІахьаллъиги жиндие насиблъарав, амма ГІиса кквезе рачІаразда нух бихьизабурав Ягьудал хІакъалъулъ Илагьияб РухІалдалъун Давуд аварагас некІого абун букІараб рагІи ритІухълъана. ( Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула. Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул. Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе.
2. Петра
1 2 3
Выбор основного перевода