Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? Гьанже нилъ Аллагьасул лъимал руго, дир хириял, амма щаллъун нилъ рукІинелали жеги загьирлъун гьечІо. Амма нилъеда лъала, МасихІ вачІараб мехалда, нилъ гьесда релълъунеллъи, кинав вугевали гьев нилъеда вихьизе вугелъул. Нилъер намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб гьечІони, Аллагьасда цебе нилъер ракІ сородуларо.
Выбор основного перевода