Чанги вукІине вугелъулха жив МасихІ вугилан вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго.
Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Чанги кІуди-кІудиял гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез, бажарани, тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун.
ГІисаца абуна: – Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж.
Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ.