Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб Лъида кІвелеб гьезие тамихІалъе хІукму гьабизе? Лъиданиги кІвеларо! МасихІ ГІиса хвана, хваралъуса вахъана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго, нилъер рахъккун кІалъалев. Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат! Гьедин бугелъул, гьесда кІола жинда нахърилълъун Аллагьасде гІагарлъарал кидагоялъе хвасар гьаризе, – Аллагьасда цебе гьезие шапагІат гьабизе кидаго чІагояв вуго гьев. ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе.
Выбор основного перевода