Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб. Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго!
Выбор основного перевода