Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги. Бищунго цебе гьеб Аллагьасда аскІоб букІана. Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. ГІисаца гьезда абуна: – Дида бихьана илбис пири гІадин зодисан бортун унеб! Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна. Дица нужехъе хъвана, дир лъимал, Эмен нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, гІолилал, нуж къуватал ругелъул, Аллагьасул рагІиги нужелъ бугелъул ва илбис къезабизеги кІун бугелъул нужеда.
Выбор основного перевода