Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, – нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги.
Гьединин нилъеда лъалеб нилъ хІакъабгун рукІин ва гьединин, нилъерго намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб мехалда, Аллагьасда цебе нилъеца ракІалги парахалъизарулел. Аллагь нилъер намусалдаса тІадегІанав вугелъул ва гьесда кинабго лъалелъул!