Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ. Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо. – Дур эмен кив вугев? – ан гьикъана гьесда. ГІисаца жаваб кьуна: – Я, дун, яги дир Эмен нужеда лъаларо. Дун лъалевани, дир Эменги лъалаан нужеда. ГІиса Аллагьасул Вас вукІин ритІухъ гьабулев чиясулъ Аллагь хутІула ва Аллагьасулъ гьевги хутІула. ГІиса МасихІлъун вукІиналда божаравщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго. Жинца гьавурав вокьулевщинасе жив гьавуравги вокьула.
Выбор основного перевода