Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дун вуго, ГІисадехун цолъун, нужеда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахІлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагІи тІибитІизабуралъухъ ва ГІиса МасихІие нугІлъи гьабуралъухъ тамихІалъе дун витІана Патмос абулеб чІинкІиллъиялде. Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда – дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда – данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана. Къурбан хъолеб бакІалдасахун вачІана цІадул кверщел бугев цоги малаик, ва доб рекІараб нилъ кодоб ккун бугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, ракьалда рижарал цІолбол хьопал къотІе, гьезда цІибил барщун бугин». Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода