Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. Нужеда гъорлъ вугищ цониги эмен, васас ччугІа гьарараб мехалъ, гьесухъе борохь кьолев? Яги, хоно гьарани, гьесухъе ичІкІал кьолев? Нужго квешал ругониги, лъималазе нужеца лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе кигІан цІикІкІун рещтІинабилеб зобалазда вугев Инсуца Илагьияб РухІ. Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІана гьес инсанасул чорхолъа жундул рачахъулел ругин жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун. Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: – Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани – гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани – гьеб хъизанги биххула. Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьелъул ханлъи биххичІого хутІилищ? Нужецани абулеб буго Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулин дица гьел. Дица гьел Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури. Амма дица жундул Аллагьасул кумекалдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан. Кодоб ярагъгун цо къуватав-кутакав чияс жиндирго рукъ цІунулеб бугони, гьесул боцІи-рикъзиялъе хІинкъи букІунаро. Амма гьесдасаги къуватав тІаде кІанцІани, гьев къезавила, гьесул ракІчІей букІараб ярагъги кодоса босила, гьесухъа бахъун давлаги жидеразего бикьила. Дунгун цадахъ гьечІев чи – гьев вуго дида дандечІарав чи. Диргун жубай гьечІев чияс журай биххизабила. Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», – ян. ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан. Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. ГІисаца гьедин абидал, цо чІужугІаданалъ ахІана халкъалъул руккалида гьоркьосан: – Гьардарай гурищха мун гьавурай, дуе керен кьурай дур эбел! Гьес абуна: – Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал! ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо. Ниневиялъул халкъалъе гІаламатлъун Юнус авараг лъугьарав гІадин, ГІадамил Лъимерги гІаламатлъун лъугьина гьаб умматалъе. Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса. Лъицаниги лъеларо рекІараб чирахъ бихьулареб бакІалда яги сахІида гъоркь. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. Дур бер – гьеб буго дур черхалъул чирахъ. Берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъула. Берал канлъукъал ругони, дур черхги бецІлъула. Ворегиха, дулъ бугеб канлъи бецІлъиялде сверизе гурин. Гьедин, мун канлъул цІун вугони, щибниги бецІлъиги дулъ гьечІони, мун тІуванго гвангъила, чирахъул канлъиялъ мун кенчІезавун вугев гІадин. ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса. Кваназе лъугьиналде гьес кверал чуричІелъул, фарисеяв хІикмалъун хутІана. ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб? Амма жаниб бугебаб садакъаде кьуни, гьебмехалъ хІакъикъаталда тІасаги рацІцІалъила нуж. Балагьги гІазабги нужее, фарисеял. Нужеца садакъаде кьола хІатта сагІаналъул, гъараналъул ва цогидабги гІурччинлъиялъул анцІил бутІа, ритІухълъиялъулги Аллагьасде рокьиялъулги нужеца тІалабго гьабуларо. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги гьабичІого тезе бегьуларо. Балагьги гІазабги нужее, фарисеял! Нужее бокьула синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва базаркъотІноб халкъалъ салам кьезе. Балагьги гІазабги нужее! Нуж релълъуна тІасан хьвадулесда хІатІикь букІин лъалареб, зани чІвачІеб хобалда. Гьебмехалъ цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: – Я, МугІалим! Гьединал рагІабиги абун, дуца нижги инжит гьарулел ругогури. ГІисаца абуна: – Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо. Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца. Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго. Гьединлъидал Аллагьасул ГІакъиллъиялъ абун буго: «Аварагзабиги чапарзабиги ритІизе руго дица гІадамазухъе, гьезин абуни цоял чІвазе руго, цогидал рачахъизе руго. Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ. Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ. Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго: гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!»
Выбор основного перевода