Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи. ТІоцебесеб рухІчІаголъи гъалбацІалда релълъараб букІана. КІиабилеб – оцода релълъараб букІана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гІадинаб букІана. Ункъабилеб релълъун букІана боржун унеб цІудуда. Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!» Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда. Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кІудияб гьаркьидалъун гьес ахІулеб букІана: «ТІад чІвараб анкьабго мугьруги тІезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахІикъав вугев?» Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кІвечІо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе. Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахІикъав чи цониги ватичІелъул, дун гІемерав гІодана. Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе». Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа. ГъалбацІалъул гъулгъулиялда релълъараб кутакаб гьаракьалдалъун ахІдезе лъугьана гьев. Гьев ахІдолеб мехалда рагІана анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь. КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда. КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул!
Выбор основного перевода