Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дун валагьана – гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ. Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи. ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда. Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги – Аллагьасул рагІи. ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес. Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго.
Выбор основного перевода