Хвел буго мунагьалъухъ кьолеб мухь, амма абадияб гІумру буго нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисаде цолъарал нилъее Аллагьасул сайигъат.
Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна.
Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел.