Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб кинабго ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи. Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кІудияб гІурулъе чвалхана, ва гьеб гІурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахІзабазе нухги рагьана. Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб. Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. ТІадегІанас абулеб буго: «Гьале дун цІогьор гІадин вачІунев вуго. Гьардарав гуревдай тІад ретІелги ретІухъе ворчІуда чІарав чи: гьев толохІочго хьвадизе ккеларо ва гІадамаздаса намуслъичІого хутІила». Гьел жундуз парччахІзабазул боял данде ракІарана жугьутІазул мацІалда Гьармагеддон абулеб бакІалде. Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» – ян абулеб рагІана дида. Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи. ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда. Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги – Аллагьасул рагІи. ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес. Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго. Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ: парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги – гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» – ян. Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.
Выбор основного перевода