Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракъи баккила, ракь багъарила. Гьебмехалъ ссур пулеб гьаракь бахъина. Жинца тІаса бищараб агьлу зобалазул гьаб рагІалдаса бахъараб добцояб рагІалде щвезегІан – ункъабго рахъалдаса бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес. Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина. Бакъул гордо бецІлъила, моцІ биялде сверила. Гьеб лъугьина БетІергьанасул кІудияб ва гвангъараб къо тІаде щвелалде. Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги. Ва ункъабилев малаикас ссуралъубе пуна – гьаргьадулаго ссун ана бакъул лъабил бутІа, ва моцІрол лъабил бутІа, ва цІвабзазул лъабил бутІа – кинабго канлъул лъабил бутІа. Къоялъул лъабил бутІа бецІлъун хутІана, гьединго сардил лъабил бутІаги бецІлъун хутІана. Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул. Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь.
Выбор основного перевода