Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединго Аллагьасул баркаталдалъун тІаса рищаразул хутІараб бутІаялъул гІадамал гьанжеги руго. Щайин абуни, нилъее даража цІикІкІиналъе, Аллагьас хІукму гьабун буго, – гьесие бокьун буго гІицІго нилъеда цадахъ гьел гІадамал камиллъизе. Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед – мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел – дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин – дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда. Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж. Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби. Дидехун вуссун цо хІакимас гьикъана: «Гьал хъахІал гІабаби ретІарал гІадамал щал кколел ва киса рачІарал чагІи гьел?» ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел.
Выбор основного перевода