Гьеб ккола дуниялалде бачІараб хІакъаб Нур. Гьелъ гвангъизавун вуго щивав чи.
Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо.
Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо.
Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе.