Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьелдаса хадуб дун вала-гъалагьана. Гьале зобалазда буго рагьараб нуцІа. Трубаялъул гІадаб кутакаб, доб дида кІалъалеб рагІараб гьаракьалъ абуна: «Гьаниве тІаде ваха, дица дуда бихьизабила хадуб щиб ккезе бугебали». Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана. Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо. Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез.
Выбор основного перевода