Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма дур чанкІкІиялъги ракІбицалъиялъги дулъго цІикІкІинабулеб буго Аллагьасул ццин бахъин. Гьеб дуда лъала Аллагьасул ритІухъаб тамихІги ццин бахъинги загьирлъулеб къоялъ. «Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!» Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!» гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!» Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо.
Выбор основного перевода