Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги. Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кІудияв малаик. Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана. Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана. Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. НакІкІул парчаялда тІад вугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, лъилъаризе заман щун бугин ракьалда». НакІкІул парчаялда тІад гІодов чІарас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана ва ракьалда бугебщинаб лъилъана. Зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. Гьесда кодобги букІана рекІараб нилъ. Цинги дун валагьана, ва дир беразе зодиб загьирлъана Аллагьасул кІалгІа, гьелъул нуцІа рагьун бугоан. Аллагь жанив вукІиналъул гІаламатлъун кколеб чадирги букІана гьениб. Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь. Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода